Мавлид на аварском в центральной мечети Махачкалы

гр.Дылым - Зодиб бугеб ц!ц!ва рик!к!ун..

Пікірлер: 9

  • @user-dq2bj8io9l
    @user-dq2bj8io9l6 ай бұрын

    МашаАлла🤲🤲🤲🙏🙏🙏❤❤❤💯💯💯

  • @user-rw2qe5iu5w
    @user-rw2qe5iu5w3 жыл бұрын

    АМИН амин амин ЙЯ АЛЛАГЬ

  • @user-vz4yf4tj6m
    @user-vz4yf4tj6m Жыл бұрын

    Зодиб бугеб цIва рикIкIун цIоб рещтIаги, я Аллагь, ЦIар берцинав ТIагьаде, тIолго хIаваижазде! Дуниял цIураб боцIул цIоко-тIомалда бугеб ТIолго расгIан гIемераб салатги лъе, я Рабби! Ралъдалъе ччугIби рикIкIун, ччугIбузда куркьбал рикIкIун, Кинабго сасу рикIкIун саламги лъе, я РахIман! Рохьоб бугеб гъветI рикIкIун, гъотIода тIамах рикIкIун, ТIад бижараб пихъ рикIкIун рештIаги тIаде рахIмат! МугIрул цIураб гIи рикIкIун, гIуру цIураб хер рикIкIун, Харида кьибил рикIкIун рештIаги тIаде баркат! Их бачIиндал цIцIадалгIан, цIорой ккедал гIаздалгIан ГIадад хIасру лъалареб хIасуллъаги даража! Боржун унеб хIинчI рикIкIун, хIанчIида куркьбал рикIкIун, Куркьбазда хIули рикIкIун, хIулиялда рас рикIкIун, Ракьалда бижанщинаб боржун унеб рухI рикIкIун Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам! Анкьалго зобал цIурал малаикзаби рикIкIун, Малайкзабаз гьабулеб даимаб тасбихI рикIкIун, ТасбихIазул хирияб - субхIаналлагьги рикIкIун Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам! Алжан рикIкIун, цIар рикIкIун, цIер гIадин тIагIам рикIкIун, ТIуба абураб гъотIол тIолго гIаркьел-кар рикIкIун, Рахьдал, жадул гIор рикIкIун, гIурул къатIраби рикIкIун Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам! ХIурулгIинал данде къан, буракъал гъорлъе рачун, Гъоз рарал санабазул сардалгин къоял рикIкIун, Къоял сардазда жанир сагIтал-минутал рикIкIун Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам! Халкъалда дин малъарал Дур илчизаби рикIкIун, Эзда тIадкъай гьабураб тIолго Дур Калам рикIкIун, Кинабго данде къараб Къуръаналъул хIарф рикIкIун Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам! ХIарфалда хIарак рикIкIун, хIаракул магIна рикIкIун, МагIна хъвараб тIехь рикIкIун, тIехьалда рагIи рикIкIун, ТIахьал данде гьарурал гьал гIуламаал рикIкIун Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам! ГIуламааз ахIараб, Аллагь, Дурго цIар рикIкIун, КIалдиса рухI инегIан эз цIараб хIухьел рикIкIун, ХIетI лъураб балдат рикIкIун, бахъараб гали рикIкIун Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам! Доз хъварал тIахьал цIалун тIокIлъарав гIалим рикIкIун, ГIалимас тIовитIарав тIолго жагьилав рикIкIун, Гьел киназего хъварал Дур даражаби рикIкIун Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам!

  • @user-mr1dw2up1h

    @user-mr1dw2up1h

    8 ай бұрын

    ❤️❤️❤️❤️❤️❤️🤲🤲🤲🤲🤲🤲🤲👍🕋🕋🕋🕋🕋🕋🕋🕋🕍🕍🕍🕋🕋🕋🕋🕋🕋🕋🕋🕋🕋🕋🕋🌆🕋🕋🕋🕋🕋🕋🕋🕋🌆🕋🕋🕋🕋🕋💪💪💪💪💪💪💪💪💪💪💪💪💪

  • @avarecdag
    @avarecdag Жыл бұрын

    Ма ша Аллагь Баракат

  • @ramadanmuhammad4227
    @ramadanmuhammad42275 жыл бұрын

    Зодиб бугеб цӀва рикӀкӀун цӀоб рещтӀаги я Аллагь цӀар берцинав ТӀагьаде ﷺ тӀолго хӀаваижазде

  • @najjarvatid

    @najjarvatid

    2 жыл бұрын

    Ассалому алайкум! Пожалуйста напишите полный текст ,

  • @ramadanmuhammad4227

    @ramadanmuhammad4227

    11 ай бұрын

    @@najjarvatid Зодиб бугеб цIва рикIкIун цIоб рещтIаги, я Аллагь, ЦIар берцинав ТIагьаде, тIолго хIаваижазде! Дуниял цIураб боцIул цIоко-тIомалда бугеб ТIолго расгIан гIемераб салатги лъе, я Рабби! Ралъдалъе ччугIби рикIкIун, ччугIбузда куркьбал рикIкIун, Кинабго сасу рикIкIун саламги лъе, я РахIман! Рохьоб бугеб гъветI рикIкIун, гъотIода тIамах рикIкIун, ТIад бижараб пихъ рикIкIун рештIаги тIаде рахIмат! МугIрул цIураб гIи рикIкIун, гIуру цIураб хер рикIкIун, Харида кьибил рикIкIун рештIаги тIаде баркат! Их бачIиндал цIцIадалгIан, цIорой ккедал гIаздалгIан ГIадад хIасру лъалареб хIасуллъаги даража! Боржун унеб хIинчI рикIкIун, хIанчIида куркьбал рикIкIун, Куркьбазда хIули рикIкIун, хIулиялда рас рикIкIун, Ракьалда бижанщинаб боржун унеб рухI рикIкIун Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам! Анкьалго зобал цIурал малаикзаби рикIкIун, Малайкзабаз гьабулеб даимаб тасбихI рикIкIун, ТасбихIазул хирияб - субхIаналлагьги рикIкIун Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам! Алжан рикIкIун, цIар рикIкIун, цIер гIадин тIагIам рикIкIун, ТIуба абураб гъотIол тIолго гIаркьел-кар рикIкIун, Рахьдал, жадул гIор рикIкIун, гIурул къатIраби рикIкIун Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам! ХIурулгIинал данде къан, буракъал гъорлъе рачун, Гъоз рарал санабазул сардалгин къоял рикIкIун, Къоял сардазда жанир сагIтал-минутал рикIкIун Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам! Халкъалда дин малъарал Дур илчизаби рикIкIун, Эзда тIадкъай гьабураб тIолго Дур Калам рикIкIун, Кинабго данде къараб Къуръаналъул хIарф рикIкIун Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам! ХIарфалда хIарак рикIкIун, хIаракул магIна рикIкIун, МагIна хъвараб тIехь рикIкIун, тIехьалда рагIи рикIкIун, ТIахьал данде гьарурал гьал гIуламаал рикIкIун Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам! ГIуламааз ахIараб, Аллагь, Дурго цIар рикIкIун, КIалдиса рухI инегIан эз цIараб хIухьел рикIкIун, ХIетI лъураб балдат рикIкIун, бахъараб гали рикIкIун Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам! Доз хъварал тIахьал цIалун тIокIлъарав гIалим рикIкIун, ГIалимас тIовитIарав тIолго жагьилав рикIкIун, Гьел киназего хъварал Дур даражаби рикIкIун Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам!

  • @ramadanmuhammad4227

    @ramadanmuhammad4227

    11 ай бұрын

    @@najjarvatid ваалейкум ассалам ва рах1матуллагь. это из книги "мавлидал"

Келесі